Венчанны мраморной чалмою,

Казалось мне, завет судьбы

Гласили внятною молвою».

А.С. Пушкин.

«Бахчисарайский фонтан»

Могила есть в Медине на дороге,

Ее плита увенчана чалмой.

Стихи на ней немудры и убоги,

Как бедняки, бредущие с сумой.

Стоит она под зноем аравийским,

Надгробный знак под нею невысок,

И вихри, вдаль несущиеся с визгом,

Вокруг нее метут сухой песок.

Там спит имам Чечни и Дагестана,

И на восход держащие свой путь

Хаджи вблизи проходят непрестанно

И на гранит садятся отдохнуть...

И, говорят, наносами своими

Уж скрыл её неистовый самум,

И лишь чалма гранитная над ними

Ещё видна как знак минувших дум!

Прощай, Шамиль! Ты отдал всё на свете

Народам гор, им веря до конца,

И уздени печальны, словно дети,

Судьбой навек лишённые отца.

Взамен молитв и верного Корана

Иной завет народу будет дан,

И, как жерло воскресшего вулкана,

Вновь загремит угрюмый Дагестан.

И знаю, век настанет исполинский,

Он навсегда народы примирит,

И с мыслью той без грёз уснёт Марлинский,

Как братский долг исполнивший мюрид.

Ленинград. 1931 г.

Дир инсуе

Ва эбелалъе

Рокьигун сайгъат гьабула

Борис Брик

ЦЕБЕРЕРАГIИ

Хвалчаби паркъола гIодонакIкIулъан,

Харил кIкIуй бессула хваразул рухIалълъ, –

ХъахIав падишагьгун къеркьолеб буго

Кьалда къуркьи гьечеб кьурул Дагъистан.

Сверухъ кинабго ракь буго соролеб

Сардил макьу хвараб кьалул гъугъаялъ,

Гъаргъар базабулеб балагьаб хъуди

Добе Стамбулалде буго рагIулеб.

Дамаскалъул хвалчал хапун гIоркьги ккун

Хехго щвана Стамбул Дагъистаналде,

Кавказалъул гьодил щобдеги бахун,

Щибдай-киндайилан щвезабуна бер.

Бихьула хералда, тIарикъаталде

ТIаде щолеб букIин гьанже паналъи,

МугIрул уматазул тулакал боял

Тату хун, гIазабаз кIвекIун руголъи.

Гьелъ хIукму гьабула гьерсил кумекалъ

Гуккизе бегьилин гьал гьанжейилан,

Пашманлъараб гIадаб ххвел гьабулаго,

Гьеб гьадин кIалъала Дагъистаналда:

«Эркенлъиялдаса кепалги росун,

КидаллъизегIан мун букIинеб чIухIун,

Дир пачалихъалде, дир тIалабалде

Бер щвечIого, ракIкъан, нахъегIан кIанцIун.

Дурго ияхIалда гьедин ракIги чIун,

Гьудулги нахъе чIван, хвелищ босилеб?

Бекараб хвалчада хиял лъечIого

Дир Пачалихъалъул къайимлъи босе.

Дий мутIигIаб буго тIолабго гIалам

Парабустаналъул, бусурбабазул,

Дир кьалул гьунарал, рагъул бергьенлъи

Реццалъул гьакида руго тирулел.

Дица байрахъ чIвана Босфоралда тIад,

Дирго улкаялъул кавудал кIалтIа,

Рахан жанир гъуна ЧIегIер ралъдада

Дица тIолго гуми капурзабазул.

Дир квершаликь бугеб халкъ хIинкъуларо

ГIурус пачаясул сардарасдаса,

Ва тIегьалеб буго къойил дир улка,

Ихдал чинаридул гьветI кинигинан.

Дир ахил фонтаналъ зодил хъахIиллъи

Хъвалхьуна ва гIарцул чIорлъун тIерхьуна,

ГьотIол гIаркьелазда чIирчIилел хIанчIаз

АхIула къоялъго хIеренал кучIдул.

Дир гъутIбузул рагIдукь Шагьрузадаца

Маргьабазул тIанса бессулеб буго,

Къуръан-хIадисалъул хIикматаб нуралъ

Дица кан гьабуна бащдаб дуниял.

ЦIадул Дамаскалда хечги лъадарун,

Халифасда кодоб буго хIалкIолъи,

РикIкIад улкабазул амирацаги

Эсул амру буго аятлъун босун.

Цо къисматалъ руго сунниял рухьун,

Рецц-цIар буго нилъер гIалимзабазул,

ДугIагун как нилъер цо Маккаялъе! –

Дир вацлъиялъул квер босе, Дагъистан!»

«Йохъ, разияб гьечIо, – Стамбулалъе

Дагъистаналъ буго жаваб гьабулеб, –

Гьал дир росабазе, гьал дир мугIрузе

Муридзаби даим ритIухъал руго.

Гьардухъан гIадин дун язихълъаниги

Дир лъалкI лъугIиларо мугIрул ракьалда,

Гьоболлъун, гьудуллъун гьев нужер халиф

Кколаро мискинав магIаруласе.

Месед-гIарацалъул чвархъиялъухъе

Саранчаялъ гIадин дур янычараз

Чинаридул тIамах тIагIинабидал

Дур беццараб ахги бакъвалеб буго.

Ццидалав пашаяс, вакъарас гIадин,

Гъанкъун ралел руго дур вилаятал,

125

Дий васиятлъараб некIсияб ханжар

КIигьумераб дуда хIатIикь лъеларо.

Цо нухалъ бихьараб дур хиянатлъи

Дида кIоченаро абадиялъго,

Дур гьел хIалихьатал гьерсил рагIабахъ

МагIарул эркенлъи кьоларо дица.

Эркенлъи цIунарал магIарулазе

МагIарул цIум буго цохIого гьудул,

Дур гьеб Тигралдаса, Евфраталдаса

Дий хирияб буго гIагараб Гъойсу!»

Гьаб хитIабги гьабун, хвалченги бахъун

ЦIа боркьараб кьалде ана Дагъистан.

КъустIантIиналъ буго, тIарикъаталъе

Къадар щолеб бугин, пал къотIун толеб.

Къадруяб Дагъистан квер хьвагIунги тун,

ТIерхьун ана Стамбул Кавказалдаса

Полпилаб карачел горизонталда

Зобалгун жубалеб рагIаллъиялде.

Т

IОЦЕБЕСЕЕСЕЕСЕБ БУТIА

Декабрист Александр