Бестужевасул хъвай-хъвагIаязул хадусеб

Т

Iоцебесеб бетIер

Гьале гIемер сонал тIамуна дица

Мискинаб магIарул халкъалда гьоркьоб,

Амма щибаб къоялъ къварилъула ракI

КIочене кIоларел ракIалдещвеяз.

Дида аскIор руго дир гьалмагъзаби,

Рихьула гIагарал гьазул сипатал,

Амма доба рикIкIад, цебего гIадин,

Дица тараб гIумру буго чваххулеб.

Дие гIагарлъараб мугIрул эркенлъуй

Ахир щолеб бихьун пашманлъундай дун?

Дир ракIалъ босараб, къотIун бикьараб

Гьалъул къисмат бихьун

къварилъундай дун?

Къоял рахъанагIан гIагарлъун кколеб

Гьалъул балагь дида бихьулеб буго,

Балагь цIикIкIанагIан rIypyc мугьажир

Гьаб халкъалъе жеги ритIухъав вуго.

ХвезегIан къеркьезе къисматалъ тезе

Рогьо xIexьон чIела ХIажимурадлъун.

Гьев хIинкъи-къай гьечIев багьадурасул

Бицинин нужее къокъабго хабар.

ХIАЖИМУРАДИЛ ХВЕЛ

Гьев хвана бахIарчилъун

ХIамзат имамго гIадин,

ЗахIматаб ками ккана

ТIарикъаталъе гьеб хвел.

МагIарул талихIалъухъ

PyxI кьун вагъарав гьасде

Гьал гIагарал кьурабаз

Бана ахирги рогьо.

Гьесул наслуялда тIад

НагIана буго жеги,

Буго гьесул цIаралда

Хиянаталъул мугьру.

Мурад бахчун ана гьав

Ахираб сапаралде,

Сапаралъ гьав хваниги

Гьасул гьунар хвеларо.

Гьелъин наибасул pyxI

Балагьун бугеб жеги

Алжаналъул каваби

Кидадай рагьилаян.

Амма гьасул хIакъалъулъ

Халкъалъ кечI ахIуларо,

Гьасул цIар бахъарабго

Гьудул вуцIцIухIун ккола,

Кинниги, магIарулав,

Дица дуе бицина

БахIарчияв рекъасул

РитIухълъи цIунун къиса.

Ва магIарул халкъалда

Лъала гьасул хIакъикъат

Наибасул цIаралъе

Лъела битIараб къимат.

Кьалда нахъекъай гьечIев

КъвакIараб чаран гIадав,

Имамасе вукIана

Аслияв наиблъун гьав.

Чабхъад щвараб давла гьаc

Мискиназе кьолаан.

Гьаб ракьалда лъаларо

Жеги гьасул кIодолъи.

Цо къоялъ магIарухъе

БачIана кьогIаб хабар:

«ГIурусазухъе анин

ЦIар арав ХIажимурад.

185

Тушбаби рази ругин,

Тифлис рохалилъ бугин,

Наместникас чIухIараб

ДандчIвай гьабунин гьесда.

Ватанин ХIажимурад

ХIалихьатав хилипчи,

Пачаясул гIарцухъ гьес

РагIулин бичун ияхI.

Тушбабазе намус гьес

Сайигъатлъун кьун бугин,

ГIагараб ракьалдехун

Рагъ хIадурлъулев вугин».

Даргъо-Веденоялда,

Доб Гъунибги, Хунзахъги

ТIолго Дагъистаналда

ТIибитIана гьеб хабар.

Хилипав наибасда,

Аллагьасул цIар бахъун,

ЦIаларал гIалимзабаз

НагIанадул гIуж бана.

Цидаххун магIарулаз

Гьасул мина бухIана,

ГIадамаз нахъе гъуна

Росулъа гьесул хъизан.

Наибасе Тифлисалъ

ХIурмат гьабулеб буго,

Гьесухъе аскар кьезе

Наместник хIадур вуго,

Амма ХIажимурадил

Мурад цогидаб буго,

МагIарухъ гIypyc боял

Гъуризе пикру буго.

Гьасул хиял бичIчIана

Хваяв Данялбегида,

Хъван ана полковникас

Воронцовасде кагъат:

«ХIажимурад хIиллагун

ВачIун вугин нужехъе,

Воре, цIодорлъи гьабе,

БетIерчIахъаяв гиназ».

Наибасул сухъмахъал

Гьанже къварилъун руго,

Гьесда хадур жасусал

Къоялъ балагьун руго.

Амма гьебго сордоялъ

Лъутана ХIажимурад,

Гьесда хадур рекIарал

РитIана наместникас.

187

Дагьаб гьалмагълъигун гьав

МугIрузде унев вуго,

Хадубго гъун бачIунеб

Тушбабазул бо буго,

ГьитIинаб расалъуда

ГъутIбузда нахъа регун

Гъазизаби ахираб

Рагъде хIадурлъун руго.

КIалъана муридазда

Лебалав ХIажимурад:

«Гъазаваталъе гIоло

Рагъизин, гьудулзаби!

Гьазда кодове чIаго

ХIажимурад щвеларо,

Хвалил сагIат бачIани

ЧIела дир pyxI хираго.

Хириял мугIрул цIунун

Къадруяб хвел босизин,

Ахир халкъалда лъалин

Лъугьаралъул хIакъикъат.

ГьетIарал сухъмахъазда

Сверданин дун гIемерав.

Аллагьас хъвараб къадар

Жакъа бачIаян абе!»

ХIал бергьарал солдатаз

Гьал сверун кколел руго,

Сасараб хвалил лахIзат

Гьазде гIагарлъун буго,

Хвалчен кьабулеб буго,

Ханжар тункулеб буго,

ТуманкIазул кьвагьиялъ

Ракьал соролел руго.

Лъадарараб чарамалъ

Чанги бетIер къотIана,

Къаркъалабазул биялъ

Белъун буго сверухълъи.

Хвалил кучIдулги ахIун

Хвана багьадурзаби,

Гьеб мехалда солдатаз

Сверун ккуна жаназа.

Хваниги тушбабазе

ХIинкъи кьолел кинигин,

ХIажимурадил берал

Ралагьун руго ццидалълъ.

Наибасул каранда

Кваранаб хIетIеги чIун,

ЧIваяв ХIажи-Агъаца

КъотIана гьесул бетIер.

ТIилида бетIерги бан,

Халкъалъе хIинкъи кьезе,

Чанго къоялъ свердана

Гьал тушбаби росабалъ.

Амма мугIрул гIодичIо

Багьадурасда хадур,

Халкъал тIаса лъугьинчIо

Лъугьараб такъсиралда.

Гьелъин наибасул pyxI

Балагьун бугеб жеги

Алжаналъул каваби

Кидадай рагьилеян.

Гьелъин гьасул хIакъалъулъ

Халкъалъ кечI ахIулареб,

Гьасул цIар бахъарабго

Гьудул гIенеккун чIолев.

Гьесул наслуялда тIад

НагIана буго жеги,

Буго гьесул цIаралда

Хиянаталъул мугьру.

Мурад бахчун ана гьев

Ахираб сапаралде,

Сапар битIичIониги

Гьесул гьунар хвеларо.

Амма къо тIаде щвела,

Шамил-имамас дуе,

Лебалав ХIажимурад,

Гьабила борхатаб рецц.

МагIарул гIолохъабаз

АхIила дуе кучIдул,

Магърибгун машрикъалда

РагIила дур гьунарал.

Гьасул гIадаб гьереси,

Унго, диеги анищ!

Гьасул гIадаб ахират,

Огь киназего анищ!

КIиабилеб бетIер